КІиабилеб пардавалда нахъа букІана Бищунго Мукъадасаб БакІилан цІар лъураб чадир.
МасихІ вачІун вуго бищунго кІудияв кашишлъун, гьес босун бачІана гьанже нилъехъе щвараб лъикІлъи. Гьес Аллагьасе хъулухъ гьабулеб Чадир доб цебегосеб Чадиралдаса гІемерго тІадегІанаб ва камилаб буго. ГІадамаз гьабураб гурелъул, гьаб дуниялалъулги гуро гьеб.
Гьединлъидал, вацал, ГІисал би гІодобе тІей сабаблъун, махІги хІинкъичІого лъугьине бегьула нилъ Бищунго Мукъадасаб бакІалда жанире.