Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Къайсарасул бугилан абуна гьез. – Гьедин батани, къайсарасулаб къайсарасе кье, Аллагьасулаб Аллагьасе кье, – ян абуна ГІисаца гьезда. Бице нижеда, къануналда рекъон, къайсарасе магъало кьезе бегьулебищ нижеца яги бегьуларебищ? – Гьас халкъ дандечІеялде гьусулеб бугилан вачун вачІун вуго нужеца гьав чи дихъе. Гьале дица нужги ралагьун цІех-рех гьабидал, дида гьав чиясда батичІо нужеца гьасде гІунтІизарурал гІайибазул цонигияб. Лъабабизеги абуна Пилатица гьезда: – Гьас гьабураб квешлъи щиб? ЧІвазе гІураб гІайиб батичІо дида гьасул. Гьединлъидал, цІалацаги вацІун, нахъе виччала. ГІисаца гьедин абидал, Пилатица хІаракат бахъулеб букІана гьев нахъе виччазе. Амма ягьудиял ахІдолел рукІана: – Дуца гьев нахъе виччани, къайсарасул гьудул вукІинароха мун. Живго парччахІлъун рикІкІунев чи – гьев ккола къайсарасда дандечІарав чи!
Выбор основного перевода