Ракь багъариги цогидал хІикматал ишалги рихьараб мехалъ, аскаралъул нусилбетІерги ГІиса цІунун гьесда цадахъ рукІарал рагъухъабиги цІакъ хІинкъана. Гьез абуна: – ХІакъикъаталдаги гьав чи Аллагьасул Вас вукІун вуго.
Дур ракІ божулеб бугелъул, рекІедалъун ритІухълъиги щвела дуе, дур кІалалъ Рохалил хабар тІибитІизабулеб бугелъул, кІалалдалъун хвасарлъиги щвела.