Гьез ганчІал речІчІун чІвалеб мехалъ, Аллагьасул цІар рехсон, Стефаница гьарана: – Я, ТІадегІанав ГІиса! Дир рухІ къабул гьабе! – ян.
Инжит-къабихІ гьавулел рагІаби жинда абуниги, инжитаб-къабихІаб рагІи данде рехичІо гьес. ГІазаб-гІакъуба хІехьезе кканиги, бихьилин-рагІилин хІинкъиги кьечІо, ритІухъаб суд гьабулев Аллагьасул кверщаликье кьуна живго.