Вухь-вухьун вачун ГІиса кьуна Пилат сардарасухъе.
Дуниял рогьарабго, чІахІиял кашишзабиги, чІухІби-хІакимзабиги, диниял гІалимзабиги ва тІолабго тІадегІанаб судги данделъун хІукму тасдикъ гьабуна ва, вухь-вухьун вачун, ГІиса Пилатихъе кьуна.
Кайафал бакІалдасаги ГІиса вачана сардарасул кІалгІаялде. ХъахІлъи балеб букІана. Жалго хъублъизе бокьичІого, ягьудиял кІалгІаялъуре лъугьинчІо, Пасхаялъул хирияб кванде ине кколел рукІиндалха гьел.