Магъало бакІарулев чийин абуни дова нахъегІан чІун вукІун вуго, берал зодихъе руссинаризецин намуслъун. Амма, керенги бухулаго, абулеб букІун буго гьес: «Я, дир Аллагь! Мунагьазул цІурав дида гурхІа!» – абун.
Гьале, накІкІаздаги рекІун, вачІунев вуго гьев. Киназдаго вихьила гьев, гьесда хеч къазабураздагицин вихьила. Дуниялалъул киналго халкъал гьесухъ гІодила. Гьедин букІина. Амин.