ГІисаца абуна: – Шагьаралда вугев цо пуланав чиясухъе ун, гьесда абе нужеца, жиндир болжалги гІагарлъун бугелъул, Пасхаялъул байрам жиндирго муридазда цадахъ дур бакІалда тІобитІилин абизе ритІанин ниж нижер МугІалимасилан.
ГІисаца гьелда абуна: – Я, дир эбел, дида щай дуца гьеб абулеб бугеб? Дирго иш гьабизе жеги болжал щун гьечІогури.
Байрамалде а нужго. Амма гьеб байрамалде дун вачІинаро, дир заман жеги тІаде щун гьечІо.
Гьебмехалъ ГІиса кквезейилан лъугьана гьел, амма лъиданиги кІвечІо гьесда квер хъвазе. Гьелъие болжал щун букІинчІо.
Гьеб вагІза-насихІат ГІисаца гьабуна Мукъадасаб Рукъалъул азбаралъуб, садакъадул гІарац лъолеб гъансида аскІов вахъунги чІун. Лъицаниги кквечІо гьев, жеги гьелъие болжал щун букІинчІо.