Гьезие бокьун букІана ГІиса ккун вачине, амма гІадамазукьа хІинкъана. Халкъалъ гьев авараглъун рикІкІунев вукІиндал.
ГІисаца гьелда абуна: – Я, дир эбел, дида щай дуца гьеб абулеб бугеб? Дирго иш гьабизе жеги болжал щун гьечІогури.
ГІисаца гьезда абуна: – Дир заман жеги тІаде щун гьечІо, амма нужее бокьараб заман данде ккола.
ГІиса ккун вачун жанив тІамизе бокьаралги рукІана гьенир. Амма гьесда квер хъвазе кІвечІо лъиданиги.