Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Аллагьасулги ТІадегІанав ГІиса МасихІилги лагъ Якъубил салам буго батІи-батІияб ракьалда рикь-рикьун ругел ва Аллагьасул халкълъун лъугьарал киналго гІадамазде. ГІиса МасихІил чапар Пётрил рахъалдасан Понт, Галатия, Каппадокия, Асия ва Битиния улкабазда чияр халкъазда гьоркьор рикьа-риххун ругезде салам. Хъвараб къадаралда рекъон Эмен – Аллагьас нуж тІаса рищана. Гьесул РухІалъ нуж жиндирго халкълъун лъугьинаруна, жиндирго биялъ нуж рацІцІалъизарурав ГІиса МасихІиде мутІигІлъизе. Нужеда цІикІкІараб баркат лъеги ва сах-саламат хутІаги.
Выбор основного перевода