Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьез абуна МасихІ Ягьудиялъул Бетлегьем шагьаралда гьавизе кколилан, цо аварагас Аллагьасул калима гьадин хъван бугилан: «Мунги, Бетлегьем, Ягьудал наслуялъул ракьалдайин бугеб, Ягьудал наслуялъул ракьалда ругел аслиял шагьараздаса къураб жо щибниги гьечІебин дур. Дур гьенив вахъина Дир хирияб Исраилил халкъалъул тІалаб гьабулев Цевехъан». – МасихІил хІакъалъулъ щиб пикру нужер бугеб? Лъил вас гьев? Давудил василан жаваб кьуна гьез. Галилеялъул Назарет шагьаралдаса вахъун Юсупги ана Ягьудиялда бугеб Бетлегьем абулеб Давудил шагьаралде хъвай-хъвагІаялъе, гьев вукІиндал Давудил наслу-зурияталъул чи.
Выбор основного перевода