– Гьадав цІулал устарасул вас гурищ гьав? Марям гурищ гьасул эбелалда цІар? Гьасул вацал гурищ Якъубги, Юсупги, Симонги, Ягьудаги?
Гьев вуссун вукІин лъан, гьесул бетІер сверун бугилан абулебги рагІун, ГІисал цебесеб гІагарлъиялъул чагІи рачІана гьев нахъе вачине.