Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Живго гІураб шагьаралдеги вачІун, гьениб гьезул синагогаялъуб Аллагьасул рагІи малъизе лъугьана ГІиса. ГІадамал гІажаиблъун хутІун рукІана, гьадинаб гІакъиллъи-цІодорлъи гьесие кисадай щванаян, мугІжизатал рихьизаризе киндай гьесда кІолаян. Шамат къо тІаде щварабго, ГІисаца байбихьана синагогаялъуб халкъалда Аллагьасул рагІи малъизе. Гьесухъ гІенеккаразул гІемерисел гІажаиблъун хутІун рукІана. Гьез цоцазда абулеб букІана: – КисагІаги гьасие гьаб щвараб? Гьасулъ бугеб гьабго кинаб цІодорлъи-гІакъиллъи? КингІагидай гьасул квердасан гьадинал мугІжизатал лъугьунел? ГІенеккаралщинал хІикмалъизарун рукІана гьесул гІакъиллъиялъ ва жавабазул камиллъиялъ. ГІадамазе гьеб рекІее гІуна ва гьел гІажаиблъизаруна ГІисал кІалдисан рачІарал баркат бугел рагІабаз. Амма гьез абуна: – Юсупил вас вуго гурищ гьав?
Выбор основного перевода