Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Къанун Мусахъ битІун бачІана Аллагьас, баркатги хІакъабщинабги МасихІ ГІисадасан загьирлъана. Малаикзабазул кумекалдалъун нужехъе бачІана Аллагьасул къанун, амма нужеца гьеб цІуничІо! Мун жугьутІав вугилан рикІкІуна дуца, Къануналъ мун хвасар гьавилилан ракІчІун вукІуна, Аллагь нижехъан вугилан веццардула, дуда лъала гьесул амруял кинал ругелали, Къануналдалъун битІараб нух тІаса бищизеги ругьунлъана мун. Дур ракІчІун буго бецал чагІи дуца хадур цІалел ругин, бецІлъуда ругезе канлъиги кьолеб бугин, гІакълу гьечІел кантІизарулелги ругин. Дуда лъикІго лъалин кинабго гІелмуги хІакъабщинабги жиндилъ камиллъараб Къанун. Дуца цогидазда малъула – дудаго щайха малъулареб? ЦІогьодугейилан малъула – мунго щайха цІогьодулев? ХъахІбалъи гьабугейилан абула – дуцаго щайха хъахІбалъи гьабулеб? Гьересиаллагьзаби дуда рихарал руго – гьел жанир ругел храмал щайха дуца талавур гьарулел? Дуе Къанун рещтІун бугилан веццарула мун, амма дуца гьеб Къанун хвезабула ва гьелдалъун Аллагь хІакъир гьавула. ТІухьдузда хъван бугелъул: «Нуж сабаблъун мажусияз Аллагь какулев вуго». Сунат гьабиялъул дуе пайда буго, Къануналъ малъухъе мун хьвадулев вугони. Дуца Къанун хвезабулеб бугони, сунатго гьабичІев гІадинав чи гурищ мун кколев? Цогидал халкъазул чи Къануналъ малъухъе хьвадулев вугони, сунат гьабурав чи гІадин къабул гьавуларищ Аллагьас гьевги? Чорхол лага къотІун сунат гьабичІониги, Къануналда рекъон хьвадулел цогидал халкъазул гІадамаз гІайиб чІвала дуда, хъвараб Къанунги рещтІарав, сунатги гьабурав, амма Къануналда рекъон хьвадуларев чи вугилан. Чорхол лага къотІун сунат гьабуравщинав ва тІасан вихьизе жугьутІавилан кколевщинав чи жугьутІав гуро. Унго-унгояв жугьутІав ккола жаниса жив жугьутІавлъунги вугев ва жиндир рекІелъ, Къануналъул хІарпаздалъун гуреб, Илагьияб РухІалдалъун сунатги гьабурав чи. Гьединав чиясе рецц, гІадамаздасан гуреб, Аллагьасдасан букІуна.
Выбор основного перевода