Гьединлъидал, МасихІ дуниялалде вачІине кколеб заманалда, гьес Аллагьасда абуна: «Дуе рокьуларо къурбаналги сайигъаталги. Дуца къачІана дие черхги.
ГІиса МасихІица Аллагьасул амру тІубазабидал, нилъ киналго мунагьаздаса рацІцІалъана, киназего гІоло цохІо нухалъ гьес жиндирго черх къурбанлъун гьаби сабаблъун.