Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьесда хадур рачІунел рукІана Галилеялдасаги, АнцІшагьаралдасаги, Иерусалималдасаги, Ягьудиялдаса ва Иордан гІурул добаб рахъалдаса цІакъ гІемерал гІадамал. МагІардаса гъоркье гІемераб халкъ бачІана ГІисада хадуб. Гьесда хадуб гІемераб халкъ бачІуна. Киналго унтарал гьес сахлъизарула. ГІемераб халкъ бачІунеб букІана ГІисада хадуб, унтарал-щокъал сахлъизарулел рукІана гьес. Иерихон шагьаралдаса къватІире гьел рахъунеб мехалъ, халкъалъул руккел букІана ГІисада хадуб бачІунеб. ГІиса гьесда цадахъ уна. Гъуркъун хадур рачІунел гІадамазул руккелалъ гьоркьов вазавун вукІана гьев. Амма, гІадамазда лъан, гьелги гьесда хадур ана. Гьес гьел тІаде къабул гьаруна. Гьезие Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицана ва гьесул кумекалде хІажалъарал сахлъизеги гьаруна. Гьедин гьениб – Галилеялъул Кана шагьаралда – бихьизабуна ГІисаца тІоцебесеб мугІжизат. Загьирлъизабуна жиндирго къудрат. Муридалги божана ГІисада. Иерусалималда ГІиса Пасхаялъул байрамалда вугеб мехалъ, гьесдасан загьирлъарал гІаламатал рихьун, гІемерал гІадамал божана гьесда. ГІисадасан загьирлъараб гьеб мугІжизат бихьидал, гІадамаз абуна: – ХІакълъунго гьав чи вуго дуниялалде вачІине кколев вукІарав авараг.
Выбор основного перевода