Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Халкъги нахъе биччан, ГІиса живго цохІо магІарде вахана Аллагьасе гьари-дугІаялъе. МаркІачІубер рукІкІараб мехалъги живго цохІо гьенив вукІана ГІиса. Гьениса вахъун ун, Галилеялъул ралъдал рагІалдасан вачІун, цо магІарде вахана ГІиса ва гьенив чІана. Халкъги нахъе битІун, ГІиса Аллагьасе гьари-дугІаялъе магІарде ана. Гьел къоязда ГІиса Аллагьасе тІагІаталъе цо магІарде вахана ва тІубараб сордоялъго гьари-дугІаялда вукІана. ГІисаца жаваб кьуна: – Дир ПарччахІлъи гьаб дуниялалда гуро бугеб. Гьанив дун ПарччахІ вукІаравани, дир нукарзаби дун цІунун рагъилаан, ягьудиязул хІакимзабаз дун кверде восизе виччалароан гьез. Амма гьанже дир ПарччахІлъи гьаниб гуро бугеб.
Выбор основного перевода