Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
– Гьадав цІулал устарасул вас гурищ гьав? Марям гурищ гьасул эбелалда цІар? Гьасул вацал гурищ Якъубги, Юсупги, Симонги, Ягьудаги? Марямил вас цІулал устар гурищ гьав? Якъубил, Юсупил, Ягьудал ва Симонил вац гурищ гьав? Гьанир нилъеда аскІор гурищ гьасул яцал ругел? Гьедин васвасаца ккун гьесда божичІо гьел. ГІадамазе гьеб рекІее гІуна ва гьел гІажаиблъизаруна ГІисал кІалдисан рачІарал баркат бугел рагІабаз. Амма гьез абуна: – Юсупил вас вуго гурищ гьав? Диего бокьараб гьабизе гурелъул дун зобалаздасан вачІун вугев, дун витІарав Аллагьасул амру тІубазабизелъидал. Цеве живго вукІараб бакІалде ГІадамил Лъимер тІадвуссун унев вихьараб мехалъ щибдай нужеца абилеб?
Выбор основного перевода