ГІисаца чед цебе босана, тІаде дугІаги гьабун, бек-бекун бикьана кваназе гІодор чІарал гІадамазе. БокьарабгІан чедги ччугІаги щвечІев чи хутІичІо гьенив цониги.
Киналго гІорцІараб мехалъ, ГІисаца муридазда абуна, гІадада хвезе течІого, кванан хутІарал чадил кескал ракІарейилан.
Амма гьенир я ГІиса, яги гьесул муридал ратичІеб мехалъ, русбуздаги рекІун, Капернаумалде ана гьел, ГІиса валагьизе.
– Ниж дуда божулеб кинаб гІаламат дуца нижеда бихьизабилеб? Щиб дуда гьабизе кІолеб? – ан гьикъана гьез ГІисада.