Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
ГІемераб халкъ бачІана гьесда хадуб гьенибеги, унтарал сахлъизарун гьесдасан загьирлъарал мугІжизатал рихьулел рукІиндал. Бакъанимехалъ муридал ралъдал рагІалде ана. Росодаги рекІун, гьел ралъдал добцояб рахъалда бугеб Капернаумалдехун ралагьун ана, дуниял рукІкІунеб мехалъги ГІиса вачІинчІелъул. Ралъдада кутакаб гьури пуйзе байбихьана. Гьедин рагІалдаса щуго-анлъго километралъ жанирегІан щвараб мехалъ, лъеда тІасан вилълъун вачІун росода аскІове щолев вихьана гьезда ГІиса. ГІасиго хІинкъана гьел. – ХІинкъуге, дун вуго, – ян абуна ГІисаца гьезда. Гьевги росониве лъугьинавизе бокьун букІана гьезие, амма гьебсагІатго раса ралъдал рагІалде щун батана.
Выбор основного перевода