Нужерго диналъул вацал рокьейилан дица нужехъе хъвазе ккеларо, Аллагьас малъун нужеда лъалеб бугелъул нужго цоцазе рокьизе.
«Гьале дица Исраилил халкъалъулгун хадусеб заманалъе КъотІи гьабулеб буго, – ян абулеб буго БетІергьанас. Дица дирго амруял гьезул гІакълуялъулъе лъугьинарила. Гьезул ракІазда хъвала дица гьел. Дун вукІина гьезул Аллагьлъун, Гьел рукІина дир халкълъун.
«Гьале бачІунеб заманалда дица гьезулгун гьабизе бугеб КъотІи, – ян абулеб буго БетІергьанас. – Дица дирго амруял гьезул гІакълуялъулъе лъугьинарила. Гьезул ракІазда хъвала дица гьел».