Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьеб букІана Пасхаялда цебесеб къоялъул къалъул гІуж. Пилатица ягьудиязда абуна: – Гьале нужер парччахІ! ЖугьутІазул, греказул ва латиназул мацІалда хъван букІиндал, гІемерал ягьудияз цІалана гьеб. Гьеб бакІ шагьаралде гІагардаго букІиндал, гІемерав чи вачІун вукІана гьениве. Гьеб букІана рузман къо. Ягьудиязе бокьичІо гьезул къаркъалаби шамат къоялъги хъанчазда равухъе тезе. (Гьеб шамат къо кІудияб байрамалъул къо букІана.) Гьединлъидал гьез Пилатида гьарана бохдул рекун хвезеги гьарун, гьезул жаназаби хъанчаздаса рахъизе изну кьейилан. Гьев хъанчида вараб бакІалда аскІоб цо ах букІана. Гьеб ахикь букІана нохъода бикІун къачІараб, жанив чи лъечІеб хоб.
Выбор основного перевода