Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Дуца тІадкъараб ишги тІубазабун, дица гьаб ракьалда мун машгьурлъизавуна. МасихІ ккола Къануналъул ахир. Гьединлъидал божи-иман бугевщинав чи ритІухълъизе рес буго. Къануналъул нагІанаялдаса нилъги хвасар гьарун, нилъее гІоло гьеб жиндаго тІаде босана МасихІица. ТІехьалда хъван бугелъулха: «ГъотІода жаназа бан бугесулъ Аллагьасул нагІана буго». Гьединлъидал, МасихІ дуниялалде вачІине кколеб заманалда, гьес Аллагьасда абуна: «Дуе рокьуларо къурбаналги сайигъаталги. Дуца къачІана дие черхги. Дуе бокьуларо къурбан гьабулеб бакІалда тІад хІайванал тІубанго рухІиги, мунагьаздаса рацІцІалъизелъун гьел хъвейги. Хадуб дица абуна: „Гьале, БетІергьан, дун вачІун вуго, дир хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван бугеб куцалда дур амру тІубазабизе“». Цин гьес абуна: «Дуе рокьуларо къурбаналги сайигъаталги» ва «Дуе бокьуларо къурбан гьабулеб бакІалда тІад хІайванал тІубанго рухІиги, гьединго мунагьаздаса рацІцІалъизелъун гьел хъвейги». Гьес гьедин абуна гьел къурбаназул хІакъалъулъ Къануналда хъван бугониги. Цинги абуна гьес: «Гьале, БетІергьан, дун вачІун вуго дур амру тІубазабизе». Гьедин цебехун абураб МасихІица добегІан толеб буго, кІиабизе абурабги гьелъул бакІалда лъолеб буго. ГІиса МасихІица Аллагьасул амру тІубазабидал, нилъ киналго мунагьаздаса рацІцІалъана, киназего гІоло цохІо нухалъ гьес жиндирго черх къурбанлъун гьаби сабаблъун.
Выбор основного перевода