Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
ЧІахІиял кашишзабаздаги халкъалдаги Пилатица абуна гьав чиясе тамихІ гьабизе гІураб гІайиб жинда батулеб гьечІилан. «ХІакъабщиналъул» магІна щибилан гьикъана Пилатица. Цинги гьев ягьудиязухъе къватІиве ана. ГІиса хъанчида вазе хІукму гьабула – Досда щибниги гІайиб-хатІа батулеб гьечІо дида, – ян абуна гьес гьезда. – Гьев вихьаравго чІахІиял кашишзабиги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабиги ахІдезе лъугьана: – Хъанчида вазе витІе! Хъанчида вазе витІе! Пилатица абуна: – Нужецаго вай гьав хъанчида. Дида кІоларо гьасда гІайиб чІезабизе.
Выбор основного перевода