Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Галилеялдаса рахъарал гьесда цадахъ рачІун, ГІисае хъулухъалъе чІарал гІемерал руччабиги рукІана гьенир, нахъегІан чІун ралагьун. Гьезда гьоркьор рукІана: Магдалаялдаса Марямги, Якъубил ва Юсупил эбел Марямги, Зебедайил васазул эбелги. Гьенир нахъегІан чІун ралагьун руччабиги рукІана. Гьезда гьоркьор рукІана Магдалаялдаса Марямги, гьитІинав Якъубил ва Юсупил эбел Марямги, Саломеяги. Гьел рукІана ГІиса Галилеялда вугеб мехалъго гьесда хадур рачІун, гьесие хъулухъалъе чІарал руччаби. Гьел гурелги, гьесда цадахъ Иерусалималде рачІарал цогидал руччабиги гІезегІан рукІана гьенир. ГІиса лъалев вукІарал киналго гІадамалги Галилеялдаса рахъарал гьесда цадахъ рукІарал руччабиги нахъегІан чІун ралагьун рукІана. Гьезда гьоркьоса Клеопа абун цІар бугес абуна: – Гьал къоязда Иерусалималде рачІаразда гьоркьов цохІо мун ватила гьениб ккараб ишалъул хІакъалъулъ рагІичІев чи. Анкьил тІоцебесеб къоялъ хъахІлъи балалдего яхъун Магдалаялдаса Марям ГІисал хабаде щвана. Хабал нохъодул кІалтІаса гамачІ нахъе гиризабун батана гьелда. Инеги ун Магдалаялдаса Марямица муридазда бицана жиндаго ТІадегІанав вихьиялъулги ва гьес жинда бицаралъулги хІакъалъулъ.
Выбор основного перевода