Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Дир черхалда тІаде махІгьуинаб нахги тІун, гьей чІужугІаданалъ хабалъейин дун къачІалев вугев. Амма Пётр гьебсагІатго векерун ана хабалалъе. Жаниве къулун валагьидал, хІебтил мусру гурони, щибниги батичІо гьесда гьениб ва хІикмалъун тІадвуссун вачІана. Кверазда ва бохдузда мусралги жемухъего хабалъа къватІиве лъугьун вачІана Лазар. КвербацІцІалъ бухьун гьумерги букІана гьесул. – Гьасдаса мусрал риче, – ян абуна ГІисаца, – ва рокъове ваче. Жаниве къулун валагьидал, мусрал рихьана гьесда гьенир, амма нохъоде гьев лъугьинчІо. ГІисал бетІер бухьун букІараб квербацІцІги. Гьеб квербацІцІ мусраздаса батІаго гура-сурун лъун бугоан.
Выбор основного перевода