Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Цинги сардарасул рагъухъабаз ГІиса вачана претория абулеб кІалгІаялъул азбаралъуве. Рагъухъабазул тІубараб полк бахъинабун букІана гьенибе. ТІаса ретІелги бахъун, бецІбагІараб ххамил гІаба ххола ГІисада тІад. Зазил хьухьун гьабураб тажги лъола гьесул ботІрода, кваранаб квералъухъе гІансаги кьола. Цинги, гІад-хочІие гьавун, гьесда цере накабазда чІола: «ЖугьутІазул парччахІ чІахъаги!» – ян ахІулаго. Гьел ГІисаде тударула, гІонсоца бетІер бухула. Рималъул рагъухъабаз ГІиса вачуна сардарасул претория абулеб кІалгІаялъул азбаралъуве. Рагъухъабазул тІубараб полк бахъинабун букІана гьенибе. БецІбагІараб ххамил гІаба ххола ГІисада тІад. Зазил хьухьун гьабураб тажги лъола гьесул ботІрода. Жидеца ГІиса кІодо гьавулев вугев гІадин: – ЖугьутІазул парччахІ чІахъаги! – ян ахІдезе лъугьуна гьел. Цинги гІонсоца бетІер бухула ГІисал, тІаде тударула, суждаялда чІун, гьесие бетІер къулулеб ххвел гьабула. Гьеродицаги гьесул рагъухъабазги ГІиса гІад-хочІие гьавун, инжит-хІакъир гьавун чІухІараб ретІел ретІана гьесда ва тІадвуссун Пилатихъе витІана.
Выбор основного перевода