Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьебмехалъ ГІисаца абуна: – Дуе рецц буго, дир Эмен, зоб-ракьалъул БетІергьан, дуца, цІодораздаса ва гІакъилаздаса балъгоги гьабун, лъимер гІадиназе гьаб кинабго загьир гьабуралъухъ. Гьанже дир ракІ къварид буго. Амма дица щибилан абилеб? Я, дир Эмен, рухІ бахъулеб сагІаталдаса хвасар гьавейиланищ? Гьелъие гІололъидал дун гьаниве щун вугев. Я, дир Эмен, дурго цІар машгьурлъизе гьабе! Гьебмехалъ зобалаздасан гьаракь рагІана: – Дир цІар машгьураб буго, жеги цІикІкІун машгьурлъизеги гьабила. Муридазе гьеб хабар бицун бахъарабго, зобалаздеги валагьун, ГІисаца абуна: – Я, дир Эмен! Дир болжал тІаде щвана. Дурго Вас машгьурлъизаве, гьес мунги машгьурлъизавизе.
Выбор основного перевода