ГІисаца гьезда абуна: – Нуж нахъе а. Гьей яс хун гьечІо, кьижун ккун йиго, – ян. Гьел гьасда тІад релъанхъизе лъугьана.
ГІисаца абуна: – Я гьев чиясул, яги гьесул эбел-инсул мунагь букІун гуро гьев бецлъарав, Аллагьасул къудрат гьесдалъун загьирлъизе бецлъана гьев.
ГІисаца гьелда абуна: – Дица абичІищ дуда, мун божани, Аллагьасул хІалкІолъи бихьилин дудаян.