Гьединги абун, ГІисаца ракьалде туна, хІацІуца хІурги буцун, гьеб бахана бецасул беразда.
Цинги ГІисаца гьесда абуна: – ШилоахІ («Чапар» абураб магІна ккола гьелъул) хІавузалъухъеги ун, гьумер чуре дурго, – ян. Гьениб гьумер чурарабго беразда канлъиги бихьун, тІадвуссун вачІана гьев чи.