Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
ГІисаца гьезда абуна: – Нуж нахъе а. Гьей яс хун гьечІо, кьижун ккун йиго, – ян. Гьел гьасда тІад релъанхъизе лъугьана. хабал кьватІун ана, хваралъуса чІаголъун, гьениса къватІире лъугьун рачІана церего хварал гІемерал вализаби. ГІисаца гьезда абула: – Щай нуж гІодулел? Щай рихха-хочулел? Гьей хун гьечІогури. Кьижун ккун буго лъимер. Киналго, гьей ясалъухъ керен бухулаго, гІодулел рукІана. Амма гьес абуна: – Нуж гІодуге. Гьей хун гьечІо, кьижун ккун йиго, – ян. Яцаз ГІисахъе ругьел битІана: «Я, БетІерчІахъад, дуе хирияв чи унтун вуго», – ян. Цинги, кІиябго накуги гІодоб чІван, гьес ахІана: – Я, БетІергьан! Гьазие мунагьлъун хъваге гьаб иш! – абун. Гьебмехалъ Стефанил рухІ босун ана. Гьединлъидалин нужеда гьоркьор загІипалги унтаралги гІемерлъун ругел, цо-цоял холелги ругел. Хваразул хІакъалъулъги нужеда бичІчІизабичІого гІеларо, хваралъуса рахъиналде хьулго гьечІел цогидал гІадамалго гІадин, нужги пашманлъунгутІизе. ГІиса хвеялда ва хваралъуса вахъиналда нилъ божулел гІадин, нилъ божула иманалда хварал гІадамал Аллагьас гьесда цадахъ жиндихъего рачине рукІиналдаги. Гьаб нижеца нужеда малъулеб буго ТІадегІанасул рагІуда рекъон: ТІадегІанав вачІинегІан чІаго хутІаниги, хвараздаса цере ккеларо нилъ. Аллагьасул буюрухъги рагІараб, кІудияв малаикас гьаракьги гьабураб ва Илагьияб ссурги пураб мехалъ живго ТІадегІанав рещтІина. Ва МасихІиде иман лъун хварал гІадамал тІоцере рахъина тІаде. Цинги нилъ – чІаго хутІаралги гьезда цадахъ Аллагьас накІкІазда аскІоре зобалазде ракІарила ТІадегІанасда дандчІвазе. Гьедин абадиялъго нилъ ТІадегІанасда цадахъ рукІина.
Выбор основного перевода