Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Филипп ва Бартоломей, Фома ва магъало бакІарулев чи Матфей, Алфейил Якъуб ва Фаддей, Иерусалималдехун ралагьун унел рукІана гьел. ГІиса цеве-цеве вукІана. Гьесда хадур рачІунаго, гьесул муридал рахІат хун рукІана. Гьесда хадуб бачІунеб халкъги хІинкъун букІана. АнцІила кІиявго чапарги аскІове ахІун, нахъеги байбихьана гьес жиндиего ккезе бугелъул хІакъалъулъ бицине: Амма Пётрица цІакъ ракІчІезабун абулеб букІана ГІисада: – Дуда цадахъ хвезе кканиги, дица дудаса инкар гьабизе гьечІо, – ян. Гьединго абулеб букІана киналго цогидазги. АнцІила кІигоязда гьоркьоса «КІилъилав» абун тІокІцІар бугев мурид Фома вукІинчІо ГІиса вачІараб мехалъ гьезда аскІов. ТІадегІанав ГІиса вихьанин жидедаян бицана цогидал муридаз Фомада. Амма гьес абуна, гьесул кверазда магІазул ругънал жиндаго рихьизегІан, магІаз лъурал ругъназда килищги хъвазегІан, хочоца лъураб ругънада кверги хъвазегІан, жив божиларилан. Микьго къоялдасан, нуцІаги нахъасан рахан, гьенирго данделъун рукІана муридал. Фомаги вукІана гьенив. Рукъ бакьулъ вахъун чІун, ракълида хутІагийилан салам кьуна ГІисаца гьезие. Цинги гьес Фомада абуна: – Бихьея, дур килищ кье дир кверазда ругел ругъназда хъвазе, дур кверги кье дихъе дир хьолбода бугеб ругънада лъезе. Дун чІаго вукІиналда щаклъуге, божа мун гьелда. – Я, дир БетІергьан! Я, дир Аллагь! – ан абуна гьесда Фомаца. Нилъ божула, МасихІида цадахъ хведал, гьесда цадахъ чІаголъизе рукІиналдаги.
Выбор основного перевода