Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьелъулъ букІана чІаголъи. Гьеб чІаголъи букІана гІадамазе Нурлъун. Васасда божарав чиясе абадияб гІумру насиблъила. Васасухъ гІенеккичІесда абадияб гІумру бихьиларо, Аллагьасул ццин бахъин тІаса инаро гьесдаса. Инсуца гІадамал хваралъуса рахъинарун, чІаголъизарулел гІадин, Васасги чІаголъизарула жиндиего чІаголъизаризе бокьарал чагІи. Инсухъ буго инсанасда рухІ лъезабиялъул кверщел. Гьес Васасухъеги кьун буго инсанасда рухІ лъезабизе кверщел. Нуж хІикмалъуге гьелда, киналго хабалъ ругезда Аллагьасул Васасул гьаракь рагІулеб заман бачІине буго: Жиндирго гІумру хирияв чи гьелдаса махІрумлъила. Амма гьаб дуниялалъул рокъоб жиндирго гІумру рихарасе абадияб гІумру насиблъила. Дида лъала гьес бихьизабуралъ абадияб гІумруялде рачунеблъи. Инсуца дида абураб гурони, абулеб гьечІо дица нужедаги. ГІисаца жаваб кьуна: – Дун вуго нух. Дун вуго хІакъикъат. Дун вуго чІаголъи. Дидалъун гурони цониги инсан дир Инсухъе вачІине гьечІо. Адамил наслу бугелъул киналго хвезе руго, МасихІил наслулъун лъугьиндал, киналго хваралъуса рахъинаризе руго. Киналго иргадал чІаголъила: бищун цеве МасихІ, цинги гьев вачІараб мехалъ – гьесул агьлуги.
Выбор основного перевода