Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
цІакъ къиматаб ва бацІцІадаб махІгьуинаб нахул цІураб щагІил сурахІиги босун ячІарай цо пуланай чІужугІаданалъ, гьеб гьесул ботІроде чІехьола. Барасалъ унтарав Симон абулев чиясул бакІалда Бетания росулъ кваназе гІодов чІун ГІиса вугеб мехалъ, тІаде ячІуна махІ гьуинаб цІакъ къиматаб ва бацІцІадаб нахул цІураб щагІил сурахІиги босун, цо пуланай чІужугІадан. СурахІиги бекун, гьелъ гьеб нах ГІисал ботІроде чІехьола. Гьесда нахъехунги чІун, гІодулаго магІица гьесул хІатІал риччизаруна гьелъ, жиндирго ботІрол расуца рацІцІана гьел, убачал гьарулаго доб махІгьуинаб нахги бахана гьесул хІатІазда. Берцинаб махІалъул цІакъго хирияб нахул гелавкаги босун ячІун, Марямица ГІисал хІатІазда бахана гьеб ва жиндирго ботІрол расуца рацІцІана гьел. Гьеб нахул цІакъаб гьуинаб махІалъул цІуна рукъ.
Выбор основного перевода