Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Колоссянам
1 2 3 4
Параллельные места
Ва ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ гьаб Рохалил хабар тІолабго дуниялалдаго лъазабила, киналго халкъазе нугІлъун букІине. Гьебмехалъин ахир букІунеб. Цогидал мугьал кканила лъикІаб ракьалда тІаде, гьездасан рижанила ва гІун рачІанила тІорал: гьезул цоялда букІанила лъеберго, цогидалда – лъабкъого ва цо-цоялда – нусгоги мугь. Гьесул баркаталъул гьарзалъиялъин баркаталда хадубги баркат щвараб нижее. Дун нужеца тІаса вищичІо, дица нуж тІаса рищана ва ритІана, гъабул чІоралда тІад цІибил гІадин, пайда цІикІкІинабизеги, гьеб абадиялъго хутІизеги, дир цІар рехсон гьарарабщинаб дир Инсуца нужее кьезеги. Цогидал халкъазухъе араб мехалъ гІадин, гьениб нужер гъотІодасаги пихъ бетІизе гІоло, нужехъе вачІине чанго нухалъ дица къасд гьабураблъиги нужеда лъачІого хутІизе бокьун гьечІо, вацал, дие. Амма гьанжелъизегІан дие квалквал ккана. Цинги, Гьесул баркат лъун, чІобого щвана нилъее Аллагьасда цере ритІухълъи. МасихІ ГІисадалъун рецІел щведалин гьел ритІухълъарал. Лъилниги щаклъи ккезе бегьуларо нилъер божи-иманалъулъ кІудияб балъголъи букІиналда. Дов вуго инсанасул чорхолъ Аллагьас жив загьир гьавурав, Илагьияб РухІалъги жив ритІухъ гьавурав, Малаикзабаздаги жив вихьарав, Халкъаздаги жиндир хІакъалъулъ лъазабурав, Дуниялалдаги жинда божарав, Живги Аллагьасул къудраталдалъун зобалазде восун арав.
К Колоссянам
1 2 3 4
Выбор основного перевода