Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Колоссянам
1 2 3 4
Параллельные места
Гьеб РагІудалъун бижана кинабго. Бижарабщиналъул щибниги бижичІо гьеб гьечІого. Гьеб Нур бачІун букІана гьелдалъун жиб бижараб дуниялалде, амма гІаламалда гьеб лъачІо. Гьебго къуваталъин Аллагьас ГІиса хваралъуса вахъинавурав ва зобалазда жиндирго кваранаб рахъалда гІодов чІезавурав. Тахида ругелги, кверщел бугелги, хІакимзабилъун ругелги, ханзабилъун ругелги рухІаздаса тІадегІанлъизавуна Аллагьас гьев. Гьаб дуниялалда ругелги, хадусеб дуниялалда рукІине ругелги киналго цІараздаса тІадегІанаб кьуна гьесие цІарги. Гьаб дуниялалъул ахир гІагарлъараб заманалдайин абуни, гьев нилъедехун кІалъана жиндирго васги витІун. Васасе щвезе буго Аллагьас бижанщинаб, гьесдалъун бижана дуниял-гІалам. Кинабго сундуего ва жинцаго бижарав Аллагьас ГІиса гІазаб-гІакъубаялдалъун камиллъизави ритІухълъараблъи бихьана нилъеда, – гІемерал лъималазе гьесул цІар-реццалъул бутІа щвана. ГІисацалъидалин гьел хвасарлъиялде рачунел!
К Колоссянам
1 2 3 4
Выбор основного перевода