Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Колоссянам
1 2 3 4
Параллельные места
Гьале гьаракьги рагІана зобалаздасан: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьесдаса вохун вуго дун! Щибаб къоялъ нужеда цеве Мукъадасав Рокъов вукІунаангури дун, гьениб диде квер борхичІо нужеца. Амма гьанже нужер заман бачІун буго, бецІаб къуваталъухъе кверщел щун буго. Аллагьасе рецц – жиндиего вокьулев Васасдалъун гьес нилъеде баркатги нурги рещтІинабидал! Цебе нужеца гІумру гьабулеб букІана гьаб дуниялалъул гІадатазда ва зоб-ракьалда гьоркьоб кверщел гьабулев ханасул амруялда рекъон. Аллагьасе мутІигІлъулареб агьлуялда тІад гьабсагІатги кверщел гьабулеб буго гьес. ХІакимзабилъун ругелги ханзабилъун ругелги рухІазул кодоса ярагъ бахъана гьес, халкъалда цереги суризаруна ва инжитго тІад малги чІана. Гьедин ГІисаца тархъан гьаруна гІумруялъго хваликьа хІинкъун рукІарал гІадамал.
К Колоссянам
1 2 3 4
Выбор основного перевода