Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Колоссянам
1 2 3 4
Параллельные места
Цогидал халкъазухъе араб мехалъ гІадин, гьениб нужер гъотІодасаги пихъ бетІизе гІоло, нужехъе вачІине чанго нухалъ дица къасд гьабураблъиги нужеда лъачІого хутІизе бокьун гьечІо, вацал, дие. Амма гьанжелъизегІан дие квалквал ккана. Аллагьасин нилъ, МасихІ ГІисадеги цолъизарун, гьанже ругеллъун лъугьинарурал, – цереккунго нилъее рихьизарун рукІарал лъикІал ишал тІуразаризелъун. ТІадегІанав сабаблъун жанив тІамурав дица нужеда гьарулеб буго Аллагьас нуж тІаса рищун рукІиналъе мустахІикъаб куцалда хьвадейилан. Воре, МасихІил Рохалил хабаралъ малъухъе хьваде. Дие рагІизе бокьилаан, дун гьенив вугониги гьечІониги, Рохалил хабаралда божиялъе гІоло цо хІал ккун чІун цадахъго къеркьолел ругин нужилан. Гьединго нужеда лъала, нуж жиндирго ПарччахІлъиялъулги машгьурлъиялъулги бутІа босизе ахІарав Аллагь разилъиледухъ хьвадейилан, инсуца васасда гІадин, нужер щивасда нижеца бицараблъи, гьарараблъи, ракІгьесизабураблъи. Ахиралдаги, вацал, нижедасан ругьунлъараб къагІидаялъ, гьанжелъизегІан хьвадаралго гІадин, гьанжеялдаса хадурги нуж Аллагь разилъиледухъ дагьалги лъикІ хьвадейилан ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун гьарулеб буго нижеца нужеда.
К Колоссянам
1 2 3 4
Выбор основного перевода