Бищунго цебе – тІолабго дуниялалда нужер божи-иманалъул цІар тІибитІун бугелъул, ГІиса МасихІги рехсон, дирго Аллагьасе рецц гьабула дица.
дугІадулъ нужги рехсон, дица кидаго Аллагьасе рецц гьабула.
Нуж ракІалде щванщинахъе дица рецц гьабула дир хирияв Аллагьасе.
Нужеде баркат рещтІаралъухъ Аллагьасе рецц гьабула нижеца кидаго, нижерго дугІадулъ нужги рехсола.