Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Колоссянам
1 2 3 4
Параллельные места
Пётрицаги Иоанницаги халкъалъе вагІза гьабулеб букІиналъги, ГІисал мисал бачун, хваралъуса рахъинаризе рукІин хІакъаб бугилан чІезабулеб букІиналъги ццидахинарун рукІана гьел. Гьел руго жеги дуниялалде рачІиналдего Аллагьас тІаса рищун рукІарал гІадамал. ГІемерал вацазда гьоркьов гьесул Вас тІоцевесевлъун лъугьинелъун, гьесул Васасда релълъарал лъугьине цогидаздаса ратІа гьарунги рукІана гьел гІадамал. ХІакъикъаталдаги МасихІ хваралъуса вахъинавуна, – хваралъуса рахъинаризе рукІиналде киназулго хьул лъеялъе гІоло. Кинабго гьесул хІатІикь лъуна Аллагьас. Кина-щиналдасаго кІодоги гьавуна. Иман лъуразул агьлуялъул бетІерлъунги гьавуна. МасихІил Черхлъун ккола гьеб агьлу. Кинабго камиллъизабулес камиллъизабула гьебги. ва ритІухъав нугІлъунги вугев, хваралъусаги тІоцеве вахъунев дуниялалъулго ханзабазул парччахІ ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда. Гьесие нилъ рокьула, жиндирго биялдалъун нилъ гьес нилъер мунагьаздаса рацІцІад гьаруна,
К Колоссянам
1 2 3 4
Выбор основного перевода