Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4
Параллельные места
Жиндирго рухІги рецІалие кьун, тІолабго дуниялалъул кверщел хъатикье щвеялъул щиб пайда бугеб инсанасе? Жиндирго рухІалъухъ хисун кьезе щиб бугеб инсанасул? Абадияб гІумру ккола ХІакъав ва Цогояв Аллагь мунги ва дуца витІарав МасихІ ГІисаги лъай. Нужеда гьоркьов вугеб заманалда дица хІукму гьабун букІиндалха, ГІиса МасихІ (хасго гьев хъанчида ван хвей) хутІун, цогидабщинаб рехун телилан. Божи-иманалъулъ ва Аллагьасул вас якъинго лъаялъулъ ахирги цогояллъун лъугьина нилъ. ТІубанго балугъал гІадамаллъун лъугьина нилъ гьебмехалъ, МасихІил камиллъиги насиблъила нилъее. Гьезул ракІал къвакІизе, цоцазе рокьун, цолъун рукІине, хІакъабщиналъул гІелму тІубанго бичІчІизе, бичІчІун хадуб, гьелда гьезул тІубанго ракІчІезеги бокьун буго дие. Гьеб мехалъ тІубанго загьирлъула Аллагьасул балъголъи – МасихІ! Аллагьасул къудраталъ нилъее кьуна хІалалаб-бацІцІадаб гІумруялъе хІажалъулебщинаб жо. Жиндир къуваталъулги лъикІлъиялъулги бутІа щвезелъун жинца нилъ ахІарав МасихІ нилъеда лъана.
Выбор основного перевода