Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4
Параллельные места
Гьедин абун бахъарабго, ралагьун гьелгун, ГІиса зобалазде восун ана ва накІкІул парчаялъ вихьудаса тІерхьинавуна. Гьесда хадур зодихъе ралагьун гьал рукІаго, гьале хъахІал гІабаби ретІарав кІиго чи вачІун чІана гьазда аскІов. Гьез абуна: – Ле, галилеялдасел, щай нуж зодихъе ралагьун чІолел? Нужеда зобалазде восун унев вихьарав гьев ГІиса, нужеда аскІоса зобалазде унев вихьараб къагІидаялъ вачІина нужехъе. ГІиса МасихІ вачІинегІан ралагьун чІун ругел нужелъ камураб гьунар хутІун гьечІо гьанже. Рокьи кидаго тІасалъугьуна, кидаго божула, кидаго хьул-къасдалда букІуна ва гьелъ щибго хІехьола. РитІухълъиялъул хъулухъчагІи ругилан илбисалъул рагьтІателал чІеялдаги хІикмалъизе ккелищ? Амма гьезул ишазда рекъараб тамихІги ахирги хІакъаб буго гьезие! ГІиса МасихІидалъун нилъеде гьарзаго рещтІараб баркаталъул кІодолъиги цІобалъул гІатІилъиги хадусел гІасрабазда загьир гьабизе нилъ МасихІ ГІисада цадахъ рахъинаруна ва зобалазда гьесда аскІор гІодор чІезаруна. ХІасил, гьанже нуж чиярал гуро, апарагзабиги гуро. Иман лъуразул агьлуялда гъорлъ ихтияр бащадал гІадамал руго нужги ва Аллагьас жиндираллъунги гьарун руго. МасихІида цадахъ чІаголъана нужги. Гьединлъидал Аллагьасул кваранаб рахъалда МасихІ гІодов чІун вугел зобалазда бугелъулин нужеца пикру гьабизе кколеб. ГІадамаз жидецаго бицуна нижеда гьениб нужеца нижее гьабураб гьоболлъиялъулги, гьересиаллагьзабазул сураталги нахъе рехун, нуж Бичасде руссиналъулги, ЧІагояв ва ХІакъав Аллагьасе гьабулеб нужер гІибадаталъулги, хваралъуса вахъинавурав гьесул Вас, къиямасеб къоялъ Аллагьасул цциналдаса нилъ хвасар гьарулев ГІиса вачІиналъухъ нуж ралагьун чІун рукІиналъулги. Нилъ ралагьун чІун ругелъулха ТІадегІанав Аллагьасул ва нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІисал къудрат рещтІинилан хьул бугеб баркатаб къо бачІиналъухъ.
Выбор основного перевода