Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4
Параллельные места
Гьанже нужго намуслъулел дол ишаздаса щиб пайда ккараб нужее доб мехалда? Хвалдейин додинал ишаз рачунел! Жидерго мунагьаб напсалъе бокьухъе хьвадулел гІадамазул гІакълу мутІигІлъула гьезул напсалъе бокьулеб жоялъе. Амма Аллагьасул РухІалъ малъухъе хьвадулезул гІакълу мутІигІлъула РухІалъе бокьулеб жоялъе. Мунагьав чиясул гІакълуялъ гьев хвалде вачуна, амма РухІалъул кверщаликь бугеб гІакълуялъ инсан абадияб гІумруялде ва сах-саламалъиялде вачуна. РитІухълъиялъул хъулухъчагІи ругилан илбисалъул рагьтІателал чІеялдаги хІикмалъизе ккелищ? Амма гьезул ишазда рекъараб тамихІги ахирги хІакъаб буго гьезие! Амма ГІизраилалъул халкъазда гьоркьор гьересиаварагзаби рукІаралго гІадин, нужеда гьоркьорги рукІине руго гьересинасихІатчагІи. Гьез нужехъе балъгого росун рачІина кина-щинабго щущазабулел гьерсал. Гьез инкар гьабизе буго жалго тархъан гьарурав ТІадегІанав ПарччахІасдаса, гІасияб гІажал жидедаго тІаде хехгого цІазе буго.
Выбор основного перевода