Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4
Параллельные места
Яги нужеда кІочонищ тараб ГІиса МасихІгун цолъизе нилъ лъадаца чурараб заман? Гьеле гьедин нилъги лъадаца чуридал, гьесул хвел нилъееги гІахьалаблъун лъугьана. Лъадаца чурун хвел гІахьалаблъун гьабидал, гьесда цадахъ хабалъги рукъана нилъ. Инсул кІудияб къудраталдалъун хваралъуса вахъинавурав МасихІида релълъун, гьанже нилъедаги кІола цІияб гІумру гьабизе. Гьедин МасихІил хвелалдалъун нилъ гьевгун цолъун ругони, гьайгьай, чІаголъизариялдалъунги цолъила нилъ гьевгун. Нилъ лъимал кколел ругони, ирсилаллъунги ккола. МасихІидаго цадахъ нилъги рукІуна ирсилаллъун. Гьес хІехьараб гІазаб-гІакъубаялъул бутІа щвани, гьесул кІодолъиялъул бутІаги щвела нилъее. ГІисал хвел нижеца кидаго нижерго чорхолъ чІезабула, гьелдаго цадахъ нижер чорхолъ ГІисал гІумруги загьирлъизе. Гьанжеялдаса нахъе лъицаниги кьоге дие гІакъуба, дир черхалда ругелъулха ГІисада лъурал ругънал! МасихІие букІараб гІадаб гІазаб-гІакъуба нужееги насиблъиялдаса рохун рукІа нуж, гьесул къудрат загьирлъараб къоялъ рохуца холел рукІине.
Выбор основного перевода