Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4
Параллельные места
Нужеда лъаларищ: къецазда киналго рекерухъаби рекерула, амма бергьенлъиялъул шапакъат цоясе гурони щоларо. Нужги рекере гьеб шапакъат щвезе бокьун. Ракьалда бугелъул гьабичІого, зобалазда бугелъул гьабе пикру. Лъала къанунал ритІухъго хьвадулезе гІоло рахъулареблъиги. Гьел рахъун руго квешал ва мутІигІлъуларел, пасатал ва мунагьазукьа хІинкъуларел, Аллагь какулел ва Аллагьасдаса ратІалъарал, эбел-эмен чІвалел гІадамазе; чІвадарухъабазе, Дун гІадин Аллагьас тІаса рищарал дир вацал! Нилъер божи-иманалъе чапарлъунги бищунго кІудияв кашишлъунги Аллагьас витІарав ГІисахъ ралагье! МасихІил хІакъалъулъ рагІул тІоцересел дарсалги нахъа тун, рачІа нилъ церехун инин балугълъи-камиллъи щваразул гІелмуялде. ЦІидасан кьучІ тІамун щай нилъее? ЦІидасан бицинарин тавбуялъулги, хвалде рачунел ишал рехун теялъулги, Аллагьасда божиялъулги,
Выбор основного перевода