Гьел кІиялгоги рукІана Аллагьасул вализаби. БетІергьанасул тІолабго амру-нагью ракІбацІцІадго тІубазабулаан гьез.
Шаулицайин абуни иман лъуразул агьлу щущазабулеб букІана: рокъо-рокъове ун бихьиналги руччабиги, рехъерхъун рачун, туснахъалъур тІамулел рукІана.
– Дун вуго Киликиялъул Тарсалда гьавурав, гьаб шагьаралда цІаларав жугьутІав. Гамалиэлида цеве цІалун, цІакъ мухІканго лъазаруна дица нилъер умумузул къанунал. Дунги вукІана, жакъа нужго гІадин, Аллагь рази гьавизе хІаракат бахъулев чи.