Гьединлъидалин дида релълъун хьвадейилан гьарулеб бугеб дица нужеда.
Дидасан нужго ругьунлъарабги, нужеда лъарабги, рагІарабги, бихьарабги гьабе нужеца. Ракълиде рачунев Аллагь вукІина нужеда цадахъ.
Нужгоги мисаллъун лъугьана Македониялда ва Ахаялда ругел киналго иман лъуразе.
Нужеца хьихьейилан абизе ихтияр букІаниги, ниж гьедин хьвадана, нижедасан мисал босизе букІине.