Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Амма Илагьияб РухІ нужехъе рещтІараб мехалъ, къудратги щвела нужее. Цинги дир хІакъалъулъ бицунел нугІзаллъун рукІина нуж цин Иерусалималда ва тІолабго Ягьудиялдагун Самариялда, цинги дуниялалъул рагІалде щвезегІанги. Гьединлъидал цо чи тІаса вищизе ккола, ГІиса хваралъуса вахъанилан гьесги нилъеда цадахъ нугІлъи гьабизе. Гьев вукІине ккола ТІадегІанав ГІиса нилъгун вугеб заманаялда кидаго – ЯхІяца лъадалъ ччун вахъаралдаса зобалазде восун араб къоялде щвезегІан, – нилъеда гьоркьов вукІарав чи. Гьез Аллагьасе рецц гьабулеб букІана, халкъалъе гьелги рокьулел рукІана. Аллагьас щибаб къоялъ гьезул агьлуялда гьоркьоре лъугьинарулел рукІана хвасарлъарал гІадамал. Пётрицаги Иоанницаги халкъалъе вагІза гьабулеб букІиналъги, ГІисал мисал бачун, хваралъуса рахъинаризе рукІин хІакъаб бугилан чІезабулеб букІиналъги ццидахинарун рукІана гьел.
Выбор основного перевода