Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Амма Илагьияб РухІ нужехъе рещтІараб мехалъ, къудратги щвела нужее. Цинги дир хІакъалъулъ бицунел нугІзаллъун рукІина нуж цин Иерусалималда ва тІолабго Ягьудиялдагун Самариялда, цинги дуниялалъул рагІалде щвезегІанги. Гьев ГІиса Аллагьас хваралъуса вахъинавуна, гьале ниж киналго руго гьелъие нугІзаллъун. Авалалдасанго букІараб, нижеда рагІараб, нижерго беразда бихьараб, ниж жиндихъ ралагьараб, нижеца жинда кверал хъвараб ЧІаголъиялъулаб РагІул хІакъалъулъ хъвалеб буго нужехъе. Нижедаго бихьаралъулги рагІаралъулги хІакъалъулъ нужедаги лъазабулеб буго, нижги нужги цо агьлулъун лъугьине бокьун. ХІакълъунго нилъ руго Инсулги ва гьесул Вас ГІиса МасихІилги агьлу.
Выбор основного перевода