Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьебго къоялъ ГІисахъе рачІана саддукеял абулел, къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъине рукІиналда божуларел гІадамал, ва гьез ГІисада гьикъана: Цинги ГІисахъе рачІана къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъине рукІиналде инкар ккун чІарал саддукеял абулел гІадамал. Гьез ГІисада абуна: Цинги ГІисахъе рачІана къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъине рукІиналде инкар ккун чІарал саддукеял абулел гІадамал. Гьез ГІисада абуна: (Саддукеял божулароан я къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъинаризе рукІиналда, я малаикзабазда, я жундузда. Фарисеялин абуни гьеб киналдаго божулаан.) Лъадалъ ччун рахъизе гІемерисел фарисеялги саддукеялги жиндихъе рачІунел рукІин бихьидал, ЯхІяца гьезда абуна: – ГІай, нуж чІегІераб борхьил наслу! Нужеде гІагарлъун бугеб Аллагьасул тамихІалдаса лъутизе лъица малъараб? ЧІахІиял кашишзабаздаги Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул бутІруздаги аскІове ун, гьезулгун къотІи-къай гьабуна ГІиса гьезул кверде кьезе. Жинда хадур рачІарал чІахІиял кашишзабаздаги, Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул бутІруздаги, чІухІби-хІакимзабаздаги ГІисаца абуна: – Хвалчабигун, тІилалгун, хъачагъ кквезе рачІунел кинигин, рачІун руго нуж дун вачине. Гьеб рагІидал, Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабазул бетІерги чІахІиял кашишзабиги, гьелъул магІна щибдайилан, рихха-хочун лъугьана. Халкъги, халкъалъул чІухІби-хІакимзабиги, диниял гІалимзабиги Стефанида дандечІезе тІамуна гьез. РачІун гьез ккун вачун Стефан кІудияб судалда цеве чІезавуна.
Выбор основного перевода