Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабиги фарисеялги тІадегІанаб судалъе данделъана. Гьез абуна: – Щибдай нилъеца гьабун лъикІ? Гьадав чияс гІемерал мугІжизатал рихьизарулел руго халкъалда. Кваранаб кверги ккун, Пётрица тІаде вахъинавуна гьев. ГьебсагІат рицІимахІабазулги накабазулги щукІдул ритІа-ришун ун, гьункьун тІаде вахъана ва вилълъанхъизе лъугьана. Гьезда цадахъ Мукъадасаб Рокъове лъугьун, Аллагьасе реццги гьабулаго, векерахъдизе-кІанцІезе лъугьана. Кинабго халкъалда бихьана, Аллагьасе рецц гьабулаго, гьев вилълъанхъулев. Гьезда лъана Мукъадасаб Рукъалъул «Берцинаб кавудухъ» садакъа гьарун бетІербахъиялда вукІарав чи гьев вугевлъи. Гьесие лъугьараб жо бихьидал, гІадамал хІикмалъана, хІайранлъана.
Выбор основного перевода